Рейс 17 Malaysia Airlines
ГІаммал баянал | |
---|---|
17 июл 2014 сон | |
хасият чІезабиялъул хІалтІаби уна руго | |
Грабоваялда аскІоб, Донецк област (Украина) | |
48°07′23″ ш. гӀ. 38°31′33″ бб. х.HGЯO[1] | |
Ошибка Lua в Модуль:Sources на строке 294: attempt to call field 'list_ref' (a nil value). | |
Гьавадул гама | |
Катастрофа ккелалде 3 соналъ цебе Рималда бортараб самолет |
|
Boeing 777-200ER | |
Malaysia Airlines | |
Халип:Флаг / Нидерландал, Схипхол, Амстердам | |
MH17/MAS17/KL4103 | |
9M-MRD | |
1997 сон | |
283 | |
15 | |
298 (киналго) |
Доне́цкалда гъоркь Boeing 777 ккараб катастро́фа — авиациялъул катастрофа, 2014 соналъул 17 июлалда Украинаялъул ракьазда, Донецк областалъул Грабово абулеб росдада аскІоб ккараб.
Борти
[хисизабизе | код хисизабизе]Malaysia Airlines компаниялъул Boeing 777 самолеталъ рейс гьабулеб букІана Амстердамалдаса Куала-Лумпуралде. Россиялъул гIорхъиялде 50 километр хутIараб мехалда халкъазда гьоркьосеб къотIи-къаяз бихьизабураб анцIазарго метралъул борхалъудаса цинтIаго гIодобе ун буго. Хадуб гьелъул цIа рекIарал хутIелал ратана Украиналъул территориялда. Гьеб лъугьа-бахъин ккола гьебго авиакомпаниялъул ахирисеб щуго моцІида жаниб ккараб кІиабилеб кІудияб лъугьа-бахъинлъун. Гьелда цебе ккун букІана Boeing 777 тІагІин. ЦІикІкІун гІадамал хвеялъул рахъалъ гьеб ккола авиациялъул тарихалда жаниб, 11 сентябрялъул лъугьа-бахъиналдаса хадуб кІудияблъун рикІкІараб лъугьа-бахъинлъун.
РекІарал
[хисизабизе | код хисизабизе]Самолеталда рукІана 298 пассажир, гьезда гъорлъан 154 чи кколев вуго Нидерландазул ватІанчилъун, 27 австралиялъулав , 23 малайзиялъулав, 11 чи Индонезиялдаса, анлъго британиялъулав, ункъ-ункъ немцавги белгиялъулавги, лъабго Филиппиназул ватІанчи ва канадаялъулав. ХутIарал кинаб ватІанлъиялъул гIадамал ругелали чIезабулеб буго.[2][3], гьел киналго хвана[4]. Украиналъул ракьазда яргъид гІуцІцІараб конфликт унеб районалда бортана самолет.
Къимат кьей
[хисизабизе | код хисизабизе]Украиналъул премьер-министр Арсений Яценюкица лъазабуна, «лъугьа-бахъараб кколин халкъазда гьоркьосеб такъсирин ва гIайиб бугез жаваб кьезе кколин Халкъазда гьоркьосеб трибуналалда цебе»-ян.
Украиналъул президент Петр Порошенкоца жинидрго видеохитIабалда лъазабуна рагъ жидер улка тун къватIибе тIибитIанин.
Лайнер бортиялъул гIайиб лъида бугебали гьанжеги мухIканго чIезабун гьечIо. Амма Москваялъ рикIкIунеб буго гьеб бугин Киевалъул хIалтIи. Киевалъин абулеб буго, гIаксалда, аэроплан Россиялъ бортизабунин. Версияби руго гIемер. МухIканаб жаваб кьезе бегьула лъиданиги бачIеб халкъазда гьоркьосеб цIех-рехалъул къокъа гIуцIани.
ХІужаби
[хисизабизе | код хисизабизе]- ^ "Определено точное место падения Boeing 777 на востоке Украины". 18.07.2014. Архивация оригинал (2014-07-20). Щвей 2014-07-18.
{{cite web}}
: Check date values in:|date=
(help); Invalid|url-status=хвараб
(help) - ^ "Crash: Malaysia B772 near Donetsk on Jul 17th 2014, disappeared from radar". Avherald.com. Щвей 17 July 2014.
{{cite web}}
: Check date values in:|accessdate=
(help) - ^ Источник сообщил о падении малайзийского Boeing на границе России и Украины. Интерфакс, 17 июля 2014.
- ^ "euronews". Архивация оригинал (2014-07-25). Щвей 2014-07-18.
{{cite web}}
: Invalid|url-status=хвараб
(help)
Гьаб тІубачІеб макъала буго авиациялъул лъугьа-бахъиназул хІакъалъулъ. Нужеца кумек гьабизе бегьула проекталъе, гъалатІ битІизабун ва макъалаялда тIад жо жубан. |
- перенаправление Шаблон:Авиациялъул лъугьа-бахъинал 2014 соналъул
- Страницы с ошибками скриптов
- Страницы, использующие расширение JsonConfig
- CS1 errors: dates
- CS1 errors: invalid parameter value
- Википедия:Статьи с вики-разметкой в изображении карточки
- Flag icons missing country data templates
- Макъалаби цІар гьечІел халипал-карточкабигун
- ТІурачІел макъалаби авиациялъул лъугьа-бахъиназул хІакъалъулъ
- Авиациялъул лъугьа-бахъинал 2014 соналъ
- Малайзиялда авиациялъул лъугьа-бахъинал
- Картабигун гьумерал